"Мурсалханасе наг1ана "кочхюралдаса Саг1тд
Оценка 4.8

"Мурсалханасе наг1ана "кочхюралдаса Саг1тд

Оценка 4.8
Образовательные программы +1
docx
преподавание
5 кл
18.01.2022
"Мурсалханасе наг1ана "кочхюралдаса Саг1тд
Жизнь и творчество Саида из Кочхюра.
кочхюралдаса Саг1ид.docx

19.01.2022с – 5 класс – авар адабият

 

Дарсил тема:       Кочхюралдаса Саг1ид

“МУРСАЛ X АНАСЕ НАГ1АНА”

 

Малъиялъул мурад ва масъалаби:

  Кеч1 бит1ун ва чвахун ц1алиялъул бажари борхизаби.

Гьунарги берцинлъиги г1ужие гъолел гъарачаг1и - ханзабазул вах1шильи ва гьез г1адатал г1адамазе гьабулеб зулмуялъул г1урхъи-рах] бук1инч1ольи ч1езабизе ц1алдохъабазда малъи.

“Ганч1ил вас”, “Гъалбац1ги Г1анк1ги”, “Шахламаз”, “Ч1ибирикъ” абурал асаразулъ ханзабазулги Мурсалханасулги хасият-г1амалалъул г1аммал ва хасал рахъал ратизе, халкъалъулги гьезулги гьоркьорлъаби дандекквезе т1амун, ц1алдохъаби х1асилалде рачине ва гьелдалъун гъезул г1акълу ц1убазабизе, адабияталде рокьи ц1ик1к1инаби

 

Дарсил тайпа: комбинированияб

Дарсил алатал: авар адабият -5 класс

1 дарс

 

1. Класс дарсиде х1адуриялъул лах1зат

2. Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби

 

3.  Мурсалханасул (Сурхайхан 2-абилев) заманалда вахъарав ва доб заманалда тавуш арав лезгиязул шаг1ир Кочхюралдаса Саг1идил г1умруялъул ва коч1охъанлъиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян кьела

Саг1ид (1767-1812) вук1ана куч1дул гьаризеги гьел ах1изеги лезгиязул рахъалда доб феодалиял ханзабазул вах1шияб т1адчилъиялъул заманалда бищун гьунар т1ок1ав поэт. Мискинаб хъизаналда гьоркьов вахъарав гьунар т1ок1ав шаг1ирасул халкьалъ гьабулеб адаб-х1урмат ханасе гьабулелдаса ц1ик1к1унеб бихьарав, вах1шилъиялъ машгьурав Мурсалханас Саг1ид ах1ула жиндирго к1алг1абахъе. Живго базалияв, берцинаб куц-бег1алъул, роц1араб ц1акъаб гьаракьалъул коч1охъан гьевги ватун, ханас буюрула гьесда жиндие кеч1 ах1ейилан. Шаг1ирас куч1дул ах1ула. Ханасда бихьула халкъалда гьоркьоб шаг1ирасул тавуш иналъе г1илла. Гьеб х1ехьезе к1веч1ев ханас поэтасда абула:

- Кеч1 гьабизе ва ах1изе дур бергьараб гьунар бихьула. Амма бегьилищ мун, нич тун, гьал дир руччабахъ валагьизе. Т1ок1аб дир лъудбузухъ валагьич1ого вук1ине гьасул берал рахъе! - ян буюрула гьес нахъа ч1арал нукарзабазда. Гьезги хехго амру т1убазабуна - Саг1идил берал рахъана. Гьедин баркала кьун буго Мурсалханас жиндие кеч1 ах1аралъухъ. Гьеб бук1ана к1икъого сон барав поэтасе гьабураб вахЬпияб зулму. Саг1идицаги коч1одалъун къисас босула ханасдаса. Лезги мац1алда гьел руго, цин ах1улел раг1ани, рек1елъ ч1олел, ц1акъ пасих1ал асарал. Доб мехалъ гьел куч1дул рек1ехъе лъаларев ва ах1уларев мискинчи къанаг1ат вук1ун гьеч1о, гьанжеги гьел г1емерисезда рек1ехъе лъала. Жиндиегош халкъалъеги гьев ханасул бугеб зулмуялъул бицун, зулмучаг1азде ссур пуян Шалбуз мег1ералде гьари бан, гьесие ва гьесул наслу-тухумалъе наг1ана кьун, Саг1идица ах1арал куч1дул авар мац1алде руссинарун руго Г1умарх1ажи Шахтамановас.

  4. Г1енекке гьезухъ. (6-8 минут)

Учителас, наг1ана кьолеб кьварараб гьаракьалъ, щибаб раг1и хечлъун тункизабун, кеч1 ц1алила.

5. Маг1на бич1ч1уларел раг1аби, жугьаби ратани, гьел ц1ехезе т1адкъан, сасараб гьаракьалъ лъималазда ц1ализарила. Хадуб рич1ч1уларел бак1азе учителас баян кьела.

 Кинаб гьаракь-бакъаналь кеч1 ц1ализе кколебали ц1ехела.

6. Цинги кьералккун, к1иц1улго куч1дул ц1алила. Г1енеккараб кьералъ ц1аларазе къимат кьела, ккарал гъалат1ал рицина. Хадуб бит1ун, чвахун ц1алила классальго цадахъ, учитель г1енеккила. Х1унчулеб хьами, кьварараб панманлъи льугьунеб гьеч1они, учителас бихьизабила, нахъойги цо бут1аги ц1алун. Цоги нухаль хоралда ц1алила.

7. Г1адатаб анализ гьабила.

Гьельие суалал:

-Ханасул кьибил-тухумго кинаб бугеб?

-Гьеб тухумалда жанив живго гьев кинав вугилан шаг1ирас абулеб бугеб?

-Гьедин абиялье коч1охъанасул кинал х1ужжаби ругел? (Росаби хъамал гьари, руччаби инжиг гьари).

-Сунде хьул бугеб поэтасул? (Халкъалъ къисас босулеб къо бач1иналде).

-Чан сон барав чи Саг1ид хваравали х1исаб гьабе. (45 сон).

-Гьесул г1умру кьокълъиялъе г1иллалъун щиб рехсезе бегьулеб?

(Берал рахъи).

-Булбулальул гьаракь къот1и, гьут1бузда ч1ег1ергьудул рещт1ин сундул х1асиллъун кколеб?

-Булбулилан, ч1ег1ергъудулилан поэтас лъида абулеб бугеб?

-Бакъ г1ерхьунищ дуниял бец1лъараб? Лъие гьеб бец1льараб?

-Бец1лъанин абулеб раг1и кинан бич1ч1изе кколеб?

-Бец1лъиялье г1иллалъун поэтас щиб рехсон бугеб?

(Гьайбатабщинаб ханасул ч1укъбуз х1акъир гьаби).

-Жиндир къисматалъул гьоко нахъехун гириялье г1иллальун поэтас щиб-щиб рехсон бугеб?

-“Ц1ваби, щайзе бец1лъиялъ бахчизе кколеб дунял? - ан ах1улеб буго поэтас. Щайдай гьес ц1вабзазде хит1аб гьабулеб? (Лъималазда лъач1они, учителас бицина: ракьалда рит1ухълъи гьеч1олъияль, ханасда т1асан г1арзаль ине бак1 гьеч1ольияль).

“Бец1гьи”, - ян абураб раг1ул (метафораяльул) маг1на кин бич1ч1изе кколеб? (“Бец1лъиян” поэтас абулеб буго щибго законго, г1адатго, г1адамазулъ бильльараб тадбирго гьеч1еб ханасул зулмуялда).

-Т1ад вугев ханасда поэтас тушманилан щай абулеб?

-Цох1о шаг1ирасул гуревги, мискинхалкъалъулго тушман гьевги, гьесул рахъ кколел бечедалги рук1ин кинал жугьабаздалъун поэтас бихьизабун бугеб?

 

8. Рокъобе т1адкъай: чвахун ва бит1ун къиматалъе кеч1 ц1ализе х1адурлъизе


 

Дарсил тема: Кочхюралдаса

Дарсил тема: Кочхюралдаса

Кочхюралдаса Саг1идил г1умруялъул ва коч1охъанлъиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян кьела

Кочхюралдаса Саг1идил г1умруялъул ва коч1охъанлъиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян кьела

Жиндиегош халкъалъеги гьев ханасул бугеб зулмуялъул бицун, зулмучаг1азде ссур пуян

Жиндиегош халкъалъеги гьев ханасул бугеб зулмуялъул бицун, зулмучаг1азде ссур пуян

Росаби хъамал гьари, руччаби инжиг гьари)

Росаби хъамал гьари, руччаби инжиг гьари)

Цох1о шаг1ирасул гуревги, мискинхалкъалъулго тушман гьевги, гьесул рахъ кколел бечедалги рук1ин кинал жугьабаздалъун поэтас бихьизабун бугеб? 8

Цох1о шаг1ирасул гуревги, мискинхалкъалъулго тушман гьевги, гьесул рахъ кколел бечедалги рук1ин кинал жугьабаздалъун поэтас бихьизабун бугеб? 8
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
18.01.2022