Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"
Оценка 4.6

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Оценка 4.6
Разработки уроков
docx
русская литература
9 кл
05.05.2019
Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"
Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI" 9 класс. ГIадатияб гуреб дарс. Тема: Расул ХIамзатов «Авар мацI» Дарсил мурадал: I. КечI пасихIго цIализе цIалдохъаби ругьун гьари. Калам цебетIезаби. 2. Гьелъул магIнаябгун сипатияб анализ тIобитIи. 3. Рахьдал мацI гьечIони- гьечIо миллат – абураб аслияб пикру лъималазе баян гьаби, рахьдал мацIалде, гIагараб ВатIаналде рокьи цIикIкIизаби. Дарсил алат: тIахьал, карточкаби, компьютер, слайдал. Дарсил ин: I.Дарсиде хIадурлъи. 2. МагIарул бакъаналда гъоркь кечI цIали: (Слайд I)
21 февраль.docx
Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI" 9 класс.                                               ГIадатияб  гуреб дарс.   Тема: Расул ХIамзатов «Авар мацI» Дарсил мурадал: I. КечI пасихIго цIализе цIалдохъаби ругьун гьари.                                   Калам цебетIезаби.                                  2. Гьелъул магIнаябгун сипатияб анализ тIобитIи.                                 3. Рахьдал мацI гьечIони­ гьечIо миллат – абураб аслияб пикру лъималазе  баян  гьаби, рахьдал мацIалде, гIагараб ВатIаналде рокьи цIикIкIизаби.         Дарсил алат: тIахьал, карточкаби, компьютер, слайдал.                                  Дарсил ин: I.Дарсиде хIадурлъи. 2. МагIарул бакъаналда гъоркь кечI цIали: (Слайд I) Дунял гьабилалде дида рагIана, РагIи букIанила цебе абулеб; Я амру лъаларо, я гьа лъаларо Я гьари лъаларо, я как лъаларо. Гьаб бидулъ босараб, ругъназул цIураб Дуниял цIунулеб рагIи анищ цо, Жибго амру гIадаб, жибго гьа гIадаб Жибго гьари гIадаб, жибго как гIадаб.     ГIагараб авар мацI! Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь. Мун кибго дунгун буго! Гьаб мацI дие бечедаб, хирияб буго. Гьаб мацIалъ загьир гьабула  дица дир пикру, рекIел асар, рокьи, ццин…                   ГIагараб мацI Кинида эбелалъ дида малъараб Лъим гIадин гIедераб, дица бицунеб Берцинлъигун цадахъ цодагьаб хъачIаб, ЧIухIун кIалъала дун магIарул мацIалъ. Ургъелги, пикруги, рекIел анищги Щурщудула дида магIарул мацIалъ Рохелги хиялги, цадахъ пашманлъи Баянлъула дие магIарул мацIалъ. Шамилица бодуй буюрухъ кьураб, МахIмудица рокьул асарал хъвараб, ХIамзатил насихIат, Расулил угьи ЦIалила  авар  мацI  гIадамаздаян. Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб Берталъ гIолохъабаз рохун ахIулеб, ХIайранал шагIираз берцин сокIкIунеб, Сунареб нур буго дир магIарул мацI. 3. РорчIами, лъимал! РорчIами, гьалбал! Нужеда бичIчIун батила ,лъимал, жакъа нилъеца дарсида сундул хIакъалъулъ бицине  бугебали. БитIараб буго­ магIарул мацIалъул хIакъалъулъ. (Слайд 2) Гьеб буго нилъер чIухIи, нилъер бухIи, нилъер унти. Гьанжесеб гIелалда кIочон толеб буго рахьдал мацI. МацI гьечIони миллат букIунареблъи бичIчIунеб гьечIо цоцоязда. Гьелъул рахъалъан нужер кинаб пикру бугеб , лъимал? (Лъималазул жавабал) (Ахирал соназда магIарул мацIалъул хIакъалъулъ басмаялда бахъараб материал  «ХIакъикъат» газета «Гьудуллъи» журнал, гIемерал шагIирзабаз , мацIалда тIад хIалтIулел  гIалимзабаз) Гьениб бицина 50–60 соназда миллиял мацIаздехун букIараб официалияб политикаялъул  хIакъалъулъ (гIисинал мацIазул букIинесеб гьечIин, гьел кватIичIого тIагIине ругин, киназего гIаммаб мацIлъун гIурус мацI букIине кколин ва гь. ц.) Гьеле гьеб заманалда нилъер шагIир Расул ХIамзатовас хъвана «Авар мацI» абураб кечI.  ХIусен Хъазиев(Видео), цIалдохъаби­кечI цIали.  (Слайд 3) Рахьдал мацIалдехун бугеб гьужумалъ рахIат хвезабун букIана магIарул интеллигенциялъул, шагIирзабазул, хъвадарухъабазул. Гьеб суалалда тIасан «БагIараб байрахъ» газеталъул  редакциялда букIана кIудияб данделъи. Гьениб газеталъул бетIерав редактор Шамхалов  МухIамадица гьарула Расулида рахьдал мацIалдехун бугеб официалияб политикаялда тIасан жиндирго пикру загьир гьабеян. Гьединаб гIилла ккана I959 соналъ шагIирас «Авар мацI»  абураб кечI хъваялъе. КочIолъ дандчIвалеб «Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш...» абураб  хитIабги ккола Расулица Шамхалов МухIамадидехун гьабулеб бугеб хитIаб, ургъел бикьи.  (Слайд 4­5) Расул ХIамзатовасул гIумруялда тIасан суалал: (Слайдал 6­7) I.P ХI –щив колев? 2. Кинав чи вукIарав Расул ХIамзатов? 3. Кида хъвараб Р ХI гьеб кечI? 4. Кин хъван бугеб гьеб кечI? 5. Кинаб пикру загьир гьабун бугеб авторас кочIолъ? 6. Кинал эпитетал хIалтIизарун ругел мацIалъул бицунелъул? 7. Эпитет щиб жо?­каламалъул пасихIлъи, берцинлъи (Слайд 8) 8. Словарияб хIалтIи : Кьал­ ссора, война Чабхил кIкIал­каменистый овраг Чундул –дичь Ругънал­ раны ГъастIа­ у очага 8. Рате кочIолъ авторасул пикру, мурад загьир гьабулел мухъал. 9. Авторас суалиял предложенияздалъун щай жиндирго пикраби загьир гьарун ругел?      Расул ХIамзатовас «Дир Дагъистан» абураб тIехьалда мацIалъул хIакъалъулъ абулеб  буго: «Дир мацI­гьеб магIарул мацI буго. Гьеб дие бокьула. Бокьула гьитIинаб халкъалъул  гIагараб мацI. ГIадамазе жидерго мацI бокьулин абураб жо кола эбел­инсуе лъималги  лъималазе эбел­эменги хириял ругин абураб гIадаб жо» (хьандей) 9. Бищунго аслияб пикру, сунде ахIулел ругел нилъ гьал асараз?— гIагараб ВатIан  бокьиялде, рахьдал мацI , эбел­эмен  рокьиялде , нилъ патриоталлъун рукIиналде. 9. ТIадкъаял:(Слайд 9­I0) I0. ЦохIо Расул ХIамзатовас гуребги гIагараб мацIалъул тема цебетIезабизе хIаракат  бахъулеб буго цогидал магIарул шагIирзабазги. Наби ГIисаевас, Фазу ГIалиевалъ ва цоги  гIемерал шагIирзабазги хъвана рахьдал мацIалде гьарурал кучIдул. II. Сарат МухIумаевалъул «ГIагараб мацIалде » абураб кечI (Слайд II) I2. Нужеда кинха кколеб ,лъимал, щиб нилъеца гьабизе кколеб нилъерго рахьдал мацI  цIуниялъе? (МацIалъул хIакъалъулъ бицен) – цIалдохъан. I3. Нужеда абизе кIолищ  Р ХIамзатовасда гIадин  Метер магIарул мацI…. I4. Гьанже гIенекке Манаша Дибировалъ ахIулеб «Авар мацI»абураб кочIохъ.(Слайд I2) I5. Ф. ГIалиевалъул рахьдал мацIалде гьабураб кечI – цIалдохъан. I6.Авар мацIалда тIад хIалтIана гIемерал гIалимзаби. Гьале гьезул цIарал ва суратал. (Слайд  I3) I7. Дарсил хIасил гьаби. I8. Къиматал лъей. МагIарул мацIалъул цIурмалги гьарун Жиб­жиб киниялда рухьине анищ Гьезул сас гурого цоги батIияб, Нилъер лъималазда рагIиларедухъ. ЦIурмазда меседил накъишалги хъван, Улбузул кIутIбузда рухьине анищ, ХIасратаб гьитIичий керен кьолаго ЦохIо гьеб гурого рагIиларедухъ. I9. Рокъобе хIалтIи: «Рахьдал мацIалде нужер кинаб бербалагьи бугеб?» ­ абураб темаялда  тIасан сочинение хъвай. Тема: Мух1амад Ах1мадов. 60­т1убаялде. Дарсил мурад: 1.Лъималазда ц1ияб дарс малъи. Малъаралъуо кьуч1алда г1акъле цебет1езаби. 2.Мух1амад Ах1мадовасул творчествоялъулгун лъай ­хъвай гьаби , гьесул поэзиялъул  гъасде щвей,куч1дул рик1к1и, гьезул анализ гьабизе к1вей. 3.Лъимал берцинго ва чвахун ц1ализе ругьун гьари. Дарсил алат: Хъвадарухъанасул сурат,слайдал Дарсил ин: I.Лъимал дарсиде х1адур гьари II.Ц1ияб дарс. Дарс байбихьила учителас кеч1 ц1алиялда (Дагъистаналъул бакъан) Маг1арулал руго Дагъистаналда Гъуниб мег1ер бугел Ах1ул гох1 бугел Ах1ула гьезул ц1ар ях1алъ ва рух1алъ Ч1ух1ула дун вугин маг1арулавин. Маг1арулал руго Дагъистаналда Маг1арул мац1 бугел, ц1ар т1адег1анал. Т1адег1анав Аллагь ,ц1уне Дагъистан, Арал къарнабазул къадру босарал Маг1арулал руго Дагъистаналда , Рагъал гьаруна гьез, шагьал соролел Шамилил хвалченги Расулил хечги , Гьеч1о к1очон тезе дуниялалда. Маг1арулал руго Дагъистаналда , Даци рек1елъ бугел рецц бокьуларел. Бокьарал тушбаби щущазарулел Щулияб гьудуллъи рух1 кьун ц1унулел Рокьула рокьула ,дий маг1арулал, Маг1арулал гьеч1ищ , гьеч1о Дагъистан. Рокьула рокьула ,дий маг1арулал, Маг1налъун руго гьел Дагъистаналъул. Нилъер дагъистаналда руго г1емер бат1и­бат1иял миллатал, гьезул г1емер ц1ар раг1арал  хъвадарухъаби.. ­ Кинал нилъер Дагъистаналъул хъвадарухъаби нужеда лъалел.? Гьезул цоязул бицине буго жакъа дарсида.Гьев ккола Мух1амад Ах1мадов. Дица жакъа ц1алараб кеч1ги гье хъвараб ккола. Мух1амад Ах1мадов ккола , лъимал хъвадарухъан , шаг1ир, хъвадарухъабазул союзалъуо  председатель.. Гьес 13 ноябралда т1убана 60­сон. 20­ноябралъ Мах1ачхъала шагьаралда  бугеб г1урус театралда т1обит1ана шаг1ирасул юбилей. Гьенире рач1ана г1емер бат1и­ бат1иял ц1ар раг1рал хъвадарухъаби, поэтал. Жакъа дие гьул творчество бицине бокьун буго Расул Х1амзатовас , гьесул  творчествоялъул х1акъалъулъ гьабулеб каламалда.Расул Х1амзатовас гьесие хъварал  раг1абаздасан. Дица дуй толеб буго Дица дуй кьолеб буго Хъвазе щвеч1еб коч1ол т1ехь Т1анчалъе инч1еб анищ. Г1емерал куч1дул руго Ах1ич1ого х1т1арал Киналго ах1аразухъ , Цо х1ухьелцин кьоларел. Шаг1ирас т1убазабулеб буго жиндирго учителасул т1адкъай.Гьев жакъаги г1агараб  халкъалъе кеч1 ах1улев вуго. а)творчество Мух1амаж Аъх1мадов гьавуна 13 ноября 1955 года Гъуниб районалъул Гьонода росулъ .  районалда. Росулъ школаги лъуг1изабун,гьев ц1ализе лъугьана Москваялда бугеб Максим  Горькиясул ц1аралда бугеб институталде. 1979 сонал гьес гьеб лъуг1изабуна баг1араб  дипломалда .Ц1алулеб заманалда щвана Поволжиялде, ва германиялда бугеб северияб  флоталде. Ц1али лъуг1ун хадуб х1алт1ана редакторлъун. Январь моц1алда 2004 соналъ  гьев вищана хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун. Куч1дул хъвазе байбихьана гьит1инаб къоялдаса нахъе. Т1оцересел гьесул куч1дул  къват1ире рахъана Гъуниб районалъуо газетаялда « ц1ияб канлъи», маг1арул мац1алъул  республикаяб газетаялда.» Баг1араб ц1ва»,гьудуллъи журналалда. Т!оцебесеб гьесул т1ехь къват1ибе биччана 1979 соналъ.Гьесул куч1дул г1урус м ац1алде руссинаруна гьадинал  хъвадарухъабаз: Юрий Кузнецов, Станислав Куняевас, Сергей Васильевас, Евгений Семичевас, Александр  Еременковас, Раиса Романовалъ,ва гьел гурел цогидазги. ( слайдал). Гьединго гьесул  куч1дул лъимал , къват1ире риччана  Шаг1ирасул к1ч1дузе к1удияб къимат кьуна, Расул Гамзатовас, Лев Озеровас, Валентин  Распутиница, Александр Михайловас, Вадим Дементьевас ва гьел гурел цогидазги. Гьединго гьес маг1арул мац1алде руссинаруна Пушкинил Блокил,Соколовасул , Рубцовасул,  Кузнецовасул асарал. 2005 соналъ Мух1амад Ах1мадовасе щвана «Халкъияв поэт» абураб премия. Гьединго  гьесие щвана Лермонтовасул ц1аралда бугеб медальги . б) рефератал Жакъа лъималазги х1аддур гьарун руго рефератал,гьесул творчествоялдасан. ( Лъималаз рефератал ц1алила) в)чан 14 сон бараб мехалх Мух1амад Ах1мадовас хъвана т1оцебесеб философияб кеч1.  «Чан» ( рек1ехъе рик1к1ина) ­ Сундул бицунеб бугеб коч1олъ? ­Сунде нилъ ах1улел ругел хъвадарухъанас? ­Щай г1жие босулеб бугеб берцинлъиги, гьунарги. Кинав чиясда нилъеца абулеб берцинав чийилан? Сунда нилъца абулеб гьунар? Хъвадарухъанас нилъ ах1улел руго гьездаса мисалал росизе Хъвадарухъанас хъвараб гьеб кеч1 Мух1амад Ибрагьимовасул бакъаналда ах1ула нилъер  маг1арул коч1охъанас Мух1амад –Тамир Синдикъовас. ( Кеч1 биччан, коч1охъ г1енеккила). г) мац1 Шаг1ирасул пикрабалъ цо хасаб , аслияблъун рик1к1ине бегьулеб бак1 кколеб буго г1агараб маг1аруллъиялдеги , гьелъул халкъалдеги, халкъалъуо бах1арчияб тарихалдеги, бугеб  к1удияб рокьиялъ .Гьесие рах1ат толеб гьеч1о жакъа миллатазда гьоркьор ругел  рикьалабазги. Т1адег1асда гьарулеб буго гьеб ц1унейилан. Маг1ил гарал гирун уна коч1олъе, Кунч1ун буго гьезул балагьалъул ц1ва. ­Аллагь, къабул гьабе дир рек1ел дуг1а Маг1арулал цоцалъ рагъизе тоге. Бищунго жакъа шаг1ирасе рах1ат толеб гьеч1о, хун унеб маг1араул мац1алъ. ( Кеч1 рик1к1ине рахъинарила) Дица щиб гьабилеб бице Дагъистан Тана маг1арулаз дир маг1арул мац1 Маг1ил ц1урал бераз валагьун вуго, Балагь т1аде щвана, холеб буго мац1 Лъица ц1алилеб дир,ц1умур бараб кеч1 Ц1умал лъуг1ун руго иццал къун руго. Къуна дун Мух1амад, къарнудал рагъда. Ругъунлъун лъугьана мац1алъул къисмат. ­Сунде ах1улел ругел шаг1ирас ? ­ Нилъер маг1арул мац1 хвеялъе г1илла щиб? ­ Щиб нилъеца гьабизе кколеб нилъерго маг1арул мац1 ц1унизе. Маг1арул мац1 хванани ,лъуг1ула нилъер миллат , миллат гьеч1они нилъ щал кколел? Рач1а нилъеца гьоболлъи гьабилин шаг1ирасул поэзиялъуо гъасде, щвела нилъ гьесул  шиг1рияб улкаялде . (Рик1к1ина лъималаз куч1дул) Ват1ан. Ват1ан дуца диде г1айиб гьабуге Г1айибазул ц1ураб ц1ар дирги абун Ах1ул гох1де вахун ватич1огойин Гъуниб имамасде аск1ов вук1инч1ин Гьанже ах1ул гох1ил х1ал лъуг1ун буго Х1алихьаталщиназ сверун ккун буго Ват1ан бичараца рачунел бакъназ Бакъ ч1ег1ерлъун буго Гъуниб маг1арда. Гъонода росдада т1ад Т1егьараб ц1вайил канлъи. Киналниги нухазда Дида цадахъ бук1ана. Гъуниб махил гъут1бузда Ахх бачарал лах1затал Замана балагьизе Гьаб ракьалда хут1ана Кьилимег1ералъ кьурал Кьвари дурусал дарсал Росдал васлъун хут1идал. Рит1ухъаллъун лъугьана. Кинидахъ кеч1 Берал къанщаралго, рак1алде щвана. Рик1к1ада хут1арал , рек1ел анищал. Щаяли щущала,шиг1рабалъ ссорой. Сариназулъ ч1ола сагьвиллъидул нур. Рахьдал мац1 к1очарал г1адамазухъе Г1едег1ун пайда щиб,дуй кинидахъ кеч1? Шагьаралъул ц1адулъ мун бух1улелъул. Х1ухьел бак1аризе лъугьун вуго дун. Х1алгьеч1олъиялъул гьудулзабилъун Т1аде къулун руго рорхатал муг1рул Маг1арул мац1алъул хвелгьеч1олъиялъ Хвел рик1к1ад гьабилин, божии буго дир. Эбел ­Лъимал кинаб байрам т1аде щолеб бугеб? Гьеб темаги аслияблъун ккола шаг1ирасул творчествоялда жаниб. Шаг1ирзаби г1одула,релъула, рохула пашманлъула, гьез гьеб загьир гьабула жидерго  куч1дулъ. Гьеб г1одилъун рик1к1ине бегьула « Херазул рукъ» , абураб кеч1. ­Щиб кколеб херазул рукъ? Херазул рукъ буго Ват1аналъ рагьун Ч1агого хваразе, хоблъун лъугьараб Гьанже лъималаца эбел­инсуда Мусру балеб буго, хвел бач1иналде. Берзул канлъийилан каранде къарал, Каранда рак1 гьеч1ел лъугьана лъимал Каранзул бух1иги ах1и гьабурал, Гьабилъун рортана эбел­инсуде. Лъималазе квал­квал ккезе гурилан Ккун руго хараби херазул рокъой Рокъове вуссиндал х1алихьатав вас Х1алхьиялда вуго лъадуда аск1ов. Рак1алде щоларо гьесда кидаго Кинидахъ эбелалъ ах1арал куч1дул Гьеч1о гьезул намус, лъуг1ун буго нич Бичун буго иях1 ва маг1арул мац1. Ах1и балеб буго херазул рукъалъ Рукъанин лъималаз ч1агого улбул Унтулуб буго рак1, чвахула маг1у, Маг1арулал кире унел ругел нуж. _ Кинаб асар гьабураб нужее коч1оца, Щай лъималаз рит1улел эбел­эмен херазул рокъое? Жакъа лъималазги х1адур гьарун руго нилъее Эбелалъул х1акъалъулъ сочинениял.  ( Ц1алила лъабго сочинение ) Ш.Дарсил х1асил _ Кинав хъвадарухъанасул жакъа нилъеца бицараб? ­Щиб гьесул х1акъалъулъ нужеда лъараб? Кинал асарал гьес хъварал., Шаг1ирас т1бана 60­сон ,рач1аха жакъа шаг1ирасда юбилейги баркулаго, гьаризе жан­ жигарги,рорхатал, т1адег1анал шиг1риял т1огьал мут1иг1 гьаризе къуватги. VI .Къиматал лъе! Нилъер дарс нилъеца лъуг1изабила нилъерго Дагъистаналъул гимналдалъун. Дагъистаналъул гимн киназго т1адеги рахъун ах1ила. 21 февраль­рахьдал мац1алъул къо. (2016 сон) Салам кьей Чан г1асрабаз абураб Г1адамаца гьаб раг1и. Чан г1елазда раг1араб Г1агараб гьеб цо калам. Муг1рул т1огьал мах1 бугеб, Т1ок1араб лъел кьер бугеб, Кьурул борхалъи бугеб, К1к1алал гъварилъи бугеб, Гъорлъ адабги, х1урматги, Х1еренлъиги г1емераб Г1емерал миллатазда Мац1 лъач1ого бич1ч1улеб Божилъиги, рокьиги Рек1елъ бугеб хиялги Халкъалъул гьудуллъиги Гьуршун баян гьабулеб Гьимулаго гьумергун, Гьоболас вач1ун кьолеб, Вач1арасе т1оцебе Харбие кьуч1 т1амулеб, Т1олго вацлъиялъего Умумуз ирслъун тараб Кьолеб буго нужое Маг1на гъваридаб Салам. Лъик1 щварал маг1арулал Авар мац1алъул гъасде Лъик1 рач1арал ракь цоял Бокьулеб гьаб сверуде. Салам гьалбадериде Гор сверуде рач1арал Умумузул г1адатги Г1амалги чорхолъ бугел. ­Ассаламу г1алайкум, хириял ц1алдохъаби,муг1алимзаби ва т1аде  рач1арал гьалбал. Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо». Щибаб  соналда, 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула гьаб байрам. Кьейги киназего чорхое сахлъи, талих1, рохел ва халатаб г1умру. Ц1уне  хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Мац1 гьеч1они,гьеч1о  миллат! Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб  рак1 кьвагьун. Нилъ ккола маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал  абун.Дагъистаналда ругел 40­г1анасел мац1азда гъорлъ маг1арул мац1 бицунел г1адамазул къадар бищунго ц1ик1к1араб буго. Гьезул г1ага­ шагарго 800 000 г1анасев чи вуго. Г1алимзабаз ч1езабун буго цо  кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1  бук1ин. Заман анаг1ан гьеб бикь­бикьун, бат1и­бат1иял мац1азде  сверун буго. Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1!  Дунялалда т1ад бищун берцинаб мац1! Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу  Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов  г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола  унго­унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби. Расулица хъвалеб буго: ­Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял. Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан. Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго. Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго. Дир мац1­гьеб  маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул  г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола  эбел­инсуе лъималги лъималазе эбел­эменги хириял ругин абураб  г1адаб жо. Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола. Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш, Амма дица дирго рахъалъ абила Метер маг1арул мац1 хвезе батани, Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун. Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ. Босана дица гьеб дидаго цадахъ Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ. Дица авар мац1алъ ах1ана сарин, Сири базабуна гьелъ дир черхалда. Черх щиб жо? Чархида ккуна раг1аби, Маг1арул мац1алъул ц1а пирхиледухъ. Маг1арулазул калам, аваразул музыка. Кирехун щвананиги, бокьулеб куц раг1изе. Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи. Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи. Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи, Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул, Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги, Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о. (Кеч1 ах1изе «Рахьдал мац1») Дир т1алъи, дир муг1рул,дида гьикъич1о, Кив гьавизе дуе бокьилебилан; Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о, Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан. Ц1умаз бусен лъолеб кьурул сверабалъ Кьуна дие г1умру дунял гьабизе. Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб, Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе. Т1олабго Дагъистаналъулго г1адин,маг1арулазулги буго бечедаб тарих. Маг1арулазул ч1ух1и­Шамил имам.Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь  пачаясул аскаразде данде рагъана маг1арулал Кавказалъул рагъул  соназ. Гьаниб щибаб росулъ, росабийищ гьал­ Хасаб г1адат буго, хасаб мац1 буго. Гъунибги,Хунзахъги,Г1андибги,Ч1охъги, Г1аламат, жидерго бакъан­кеч1 буго. Амма кив щваниги, намусги ях1ги, Рух1алдаса цебе гьабулеб буго. Гьалмагъасе г1оло маян рух1 кьезе Маг1арул г1адамал х1адурал руго. Жиндирго Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул  ц1ар т1ибит1ана дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана Дагъистаналъул  халкъ Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь. «Эркенлъи, ялъуни хвел!»­гьеле  Шамилил рагъухъабазул гьа. Т1ок1аб жо к1варич1о, Ах1улгох1алда Имам Шамил щиван ц1ехе цо нухалъ. Цинги бокьанани, хвалчада гьикъе Хъах1аб чалма ккурав чиясул хабар… Р.Х1. Дагъистаналда. Фазу ГIалиева. Рорхатал мугIруца жаниб бачараб, Гъваридал кIкIалабаз сангар тIамураб, ТIогьол байдабаца берцин гьабураб, Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан. Рагъул бахIарзаца чIухIизабураб, ХIалтIул бахIарзаца гвангъизабураб, Лауреатазул цIарал цIикIкIараб, Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан. Эркенаб законалъ тIегьан бачIунеб, МагIарул ясазул гIумру гвангъараб, Инсанасул талихI тIегьараб ВатIан, Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан. МугIалим. Фазу ГIалиева. (Поэмаялъул 6 абилеб бетIер) Дуеги ,мугIалим, гIумруялъул нух ГIурччинго тIегьараб авлахъ букIинчIо. Улкадул халкъалъул къварилъи, ургъел Гъугъан бахъун ана дурги рекIелъан. Рагъ букIана нилъер гIахьалаб балагь, Бергьенлъи яги хвел тIаса бищулеб. Гьенибги бихьана мунцо кучIдул хъван, Цойгияб гьабулев шагIир гуревлъи. Дуца цойгидазде гьабулеб хитIаб ТIоцебе дур васаз тIубазабуна. Бищун цере рагъде унезда гьоркьор, «Эмен, къо лъикI» ­ абун, гьелги къачIана. Даимаб судигун свин гьечIел ругънал Рагъулаб кьвагьиялъ дудаги тана. Рагъдаса буссинчIеб кIиго хъергъуялъ КIиго бухIидул цIа дулъги бакана. Гьединан батила, дуда гъваридго Биччараб щивасул камигун балагь; Берзул магIуялъулъ рагIаби лъедон, Рагъул кучIдул дуца камилго хъварал. Абула, бищунго пашманав инсан– Васасул хобалде тIаде къуларав Херав эмен вугин, гьесде хъвалеб ракь Бахъун тIутIун унеб инсул ракI бугин. Дудаги бихьана гьеб захIматаб къо, Дурго квералъ хабалъ хазина лъурав; Рагъул байданалда щапарав лачен, Балашов шагьар тун, къватIив вукъарав. Рокъове вачIиндал къваридаб хабар, Ругъналъ къаламги ччун, кочIолъ рехсарав; Хирияй ПатIида зигараги бан, ГьитIинаб лъимер лъун мунго гIодарав. Севастополалъул цIадулаб зодихъ ЦIарги тун, Ахилчи хутIана ралъдалъ ЦIар лъаларев солдат гьев улкаялда Улкаго чIухIараб канлъулъ жувана. Гьединал васазе нилъер гIадамаз ГIасрабаз сунарел цIаял ракана. Кремлидал ахикь халкъалъ гьезие Гьайбатал тIугьдузул квацIаби лъола… Дир кучIдул рагIидал цо магIарулав ГIодове къулана, дагьалъ ургъана, Гьел рукIинчIелгIанги рагIи абичIо, Дир мугIалимасул хабар бицана. Нужеда гъорлъ жеги ХIамзат гIадинав ХIалкIояб кечI хъвалев шагIир вахъинчIин; Кици – биценалъе цоцахъе кьечIеб Цо мухъ гьечIин досул, цIорон хутIараб. Дие гьеб букIинчIо балъголъи, хIикмат, Дир кучIдул какараб каламгун жаваб, Киданиги дида ракIалде ккечIо, Дир мугIалим, дуда дун бащалъилин. Щибал анищазул щварал хьулазул Рахине кIолареб борхалъи буго; МоцIрода сверизе дир къасд кканиги, Бакъуда рещтIине кIолареб лъала. Амма гьелъул канлъи, камилаб хинлъи Каранлъ къалъичIони къойил ­ дун хола Бакъул тIадегIанлъи ракьуе гIанги Дие хIажат руго, ХIамзат, дур кучIдул. Дица щибаб къойил анцI­анцI нухалда Дур хабада цебе свери бахъула. Буртина тIад барал дур гъуждуздасан МугIруздасан гIадин баккуларо гьел. Дир хъахIлъулеб бетIер гIодой къулула, МагIу хулун уна дир канал бералъ. Дур ЦIадаса ХIамзат, цIадул цо кIунчIи Дир кучIдулъ батани, дудасан буго. Фазу ГIалиева. (1932­2016) Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу ГIалиевалъ  нилъер адабияталда жаниб хIурматияб бакI ккола. Гьей  ккола шагIир, прозаик, хъвана пьесаби, романал, къисаби,  поэмаби, шигIраби. Фазуе гIагарал руго хъизан­рукъалъул, гIадамазул  гьоркьорлъабазул, захIматалъул, яхI­намусалъул темаби.  Гьелъул асаразулъ бессараб буго гьитIинав инсан  гIалимлъун, гIакъиллъун, бахIарчилъун, жигарчилъун ва киналдего тIаде яхI­намус бечедав, бищунго къваригIарал  ругин эбел­инсулг ьитIинго щварал дарсал абураб пикру. Фазу ГIалиева гьаюна 1932 абилеб соналъ Хунзахъ  районалъул Гиничукь росулъ хъулухъ чиясул хъизаналъе.  Эмен хеккого нагагьаб бапагьалдалъун хвана. Хъвазе­ цIализе лъаларей гIолохъанай эбел хутIана ункъо бесдал  лъимергун. БичIчIизе захIматаб жо гуро Фазул лъимерлъи  бигьаяб букIинчIеблъи.Эбел гIемерал соназ хIалтIана  Хунзахъ райбольницаялда санитаркалъун. ГIемераб къо  хIехьон, КIудияб ВатIанияб рагъул захIматал соназдаги ва  рагъдаса хадусел, чIунтараб магIишат борхизабулел  соназдаги хьихьана эбелалъ жиндирго бесдалал.  Эбелалъул гIумру дарслъун ккана гьитIинай Фазуе. Цудунго  бижана йикIинесей шагIиралъул рекIелъ захIматалде  гъираги, захIмат бокьулезде адабияб бербалагьиги.  Эбелалъул яхIги намусги бичIчIидалин Фазуца «Бесдалазул  эбел» абураб поэмаялде хъвалеб бугеб: Дир ралъад гIадинай гъваридай эбел, Дир гIазул хъап гIадай тIадагьай эбел, Дир тIогьолщуб гIадай щущарай эбел, Дир щарил нах гIадай хIеренай эбел, …………………………………………………………. Ургъелккоге дуда, дур бесдалаца Дур малъараб тезе гьечIо кидаго. Фазу цIалана Хунзахъ районалъул ГIараниб гьоркьохъеб  школалда, лъугIизабуна М.Горькил цIаралда бугеб  Литературияб институт. Чанго соналъ хIалтIана  Дагъучпедгизалъул редакторлъун, хIалтIулей  йиго«Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул бетIерай редакторлъун. Аслияб хъулухъалда цадахъ Фазу  ГIалиевалъ тIурала батIи­батIиял тIадкъаялги. Хъвадаризе Фазуца байбихьана гьитIинго, тIоцере хъвана  кучIдул, къватIибе биччана кучIдузул мажмуг1 «ГIагараб  росу»(1959). Хадурго магIарул ва гIурус мацIазда басмаялде  рахъана гIемерал кучIдузул мажмугIал: «Нур бикьулеб буго»(1963), «АнцIила микьабилеб их»(1968), «МугIрузул  закон»(1971), «Борхалъи»(1981) ваг ь.ц. Прозаялдалъун хъварал ГIалиевалъул асаразда гьоркьор  дагьалг ьечIо магIарулаз гъираялда цIалулел ва хIурматалда къабул гьарулел. ГIолохъанаб гIелалъ «кIудияб» гIумруялде  гъорлъе тIамулел галабазул бицуна «Къисмат» абураб  къисаялъ (1965); тIабигIаталъ инсанасе кьураб эбелаб  ракьалде бугеб рокьиялъулги, ракьалда цебе инсанасул  бугеб жавабчилъиялъулги бицун буго «Ракьул гIерекъ  гьороца унаро»(1969) абураб романалда; рагъул соназул  кьогIлъи тIубан къулчIизе ккарай, амма жиндирго  къисматалъе хилиплъичIей магIарулалъул бицун  буго «Сапар»(1965)абураб къисаялда; инсанасул  махщелалъул, жавабчилъиялъул ва гьунаралдаса бугеб  чухIиялъул бицуна«Кьолболмугьру» абураб асаралъги  (1973). Лъабкъоабилеб соназда басмаялда  рахъарал «Церккураб куц» ва абураб кучIдузул тIахьал  поэтессаялъ сайгъат гьарун руго лъималазе. Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна  1923 соналъул 8 сентябралда Хунзахъ районалъул Ц1ада  росулъ, машгьурав шаг1ир Х1амзатил хъизамалда. Эбелалда ц1ар бук1ана Хъандулай. Гьел к1иялго рук1ана ц1акъ  г1адамал хириял, махсара хоч1 бокьулел, рак1бац1ц1адал  маг1арулал. Эбел­инсул хасият­г1амал васасул чорхолъги,  бидулъги, рек1елъги бессич1ого хут1ич1о. Т1абиг1аталъги т1адег1анав бет1ергьанасги Расулие кьуна  къанаг1атаб ва х1икматаб гьунар, бергьараб к1алзул  пасих1лъи, рек1ел ц1одорлъи; живго гивго гьит1инаб мехалъ ва г1олохъанлъуда дагьав хехдарулев, ц1акъго  рак1 г1анч1ав, г1орхъолъа ун г1адамазда божулев чи  вук1аниги, Расулил вахъана к1удияв шаг1ир, гьесул асараз  рохел щвезабуна, маг1арулазе гуребги, дунялалъулго  миллионал г1адамазе. Жиндирго г1умруялъул аслияб мурад Расулица баян гьабуна коч1ол ункъо мухъалдалъун: Рорхатал ц1вабзазде сухъмахъал гьарун, Гьенире ракетал роржаян абе. Бищун т1адег1анал, г1агарал ц1ваби­ Г1адамазухъе щвей буго дир мурад. Гьел мухъаз жанибе бачуна к1иго аслияб маг1на: т1оцебе  босани, г1адамазул хасият, гьесул рек1ел балъголъаби,  анищал, хьулал рагьизе, лъазе бугеб х1асрат, к1иабизе  абуни ­ инсан х1айран гьабиледухъ хъвадаризе бугеб анищ.  Т1урана гьел мурадал. Расулие г1адамалги, г1адамазе  Расулги цоцазе ц1акъ хириял лъугьана. Шаг1ирасул куч1дул рек1ее бокьухъе г1ужда щвана, гьез хъулухъ гьабуна  т1олабго цебе т1ураб инсанияталъе, бец1лъиялде данде  рагъ бан, гьайбатлъи ва канлъи к1одо гьабун. Расул Х1амзатовасул творчество х1аталдаса ун бечедаб  буго. Поэтасул аслиял темабазул цояблъун кола халкъазул  вацлъи ва гьудуллъи барки, сахлъи, рекъел. «Сахал чаг1и  сах таги, квешал чаг1и квеш таги, киналго маг1арулаз гьедин гьарулеб буго», ­ гьеле шаг1ирасул гьари. Расул Х1амзатов  хвана 2003 соналъул ноябрь моц1алъ, 80 сон т1убайдал. Авар мацI Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ­лъукъун, Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун; Кьуруги батIалъун цеве унаго Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун. Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан; ТIарамагъадисеб къвал балеб буго, Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали, РагIуларо цо сас сверухълъиялда. ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола, ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Гьедин холев вуго, хадур гIодизе Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро. Берал къанщулелъул тIаде къулизе Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо. Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан Нухлулазул гьаракь рагIана дида. Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул, Исана букIинеб магIишаталъул. Кьерхен­роцIцIеналъул, боцIи­панзалъул, Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул… Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб, ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ. Дир магIу бачIана бадиса къватIиб, Къана данде цаби, вахъана тIаде. Аваразул калам, гьелъул камиллъи! Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал. Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш, Амма дица дирго рахъалъ абила: Метер магIарул мацI хвезе батани, Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа? Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда? Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда ГIагараб магIарул кечI рагIичIони? Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц! Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро, Ва пачалихъазул Ассамблеялда Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро. Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела. Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда Черхалда борчараб рачел киниги. Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго, Киниги гьулакги кIикIана нилъер. Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда Нух битIагийилан абуна улбуз. Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун, Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел? Дун магIарулазе, гьедин батани, Бищун ахирияв поэтиш кколев? МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи, Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул, Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин, Киданиги дида ричIчIизе гьечIо. Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял, Дунялалда бищун гьаб нилъер улка! Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила. Ва амма батIаго цоги рокьиялъ Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи. Лъаларо кивехун дун хвелевали, Амма хоб бокьила гьаниб букIине. Щиб лъалеб, хабада цересан унел Цо­цо нухлулаца дир хIисаб гьабун, Гьав нилъер Хмамзатил Расул вугилан, ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб. 1959 Авар мац1алъул къо т1обит1иялъе программа 1. 2. 3. 4. 5. 6. 7. 8. 9. 10. 11. 12. 13. 14. 15. Байбихьул раг1и. Баркиялъул раг1и. «Маг1арулал» кеч1 биччазе. Лъималазул церерахъин. Пасих1го куч1дул рик1к1ин. Инсценировка. Умумузул кьурди. «Росдал хъвадарухъаби, г1алимзаби, юбилярал» Литературиял х1аял: Шарадаби,викторинаби,бицанк1аби, раг1икъот1ал. Инсценировка Р.Х1амзатов «ДирДъагъистан» мац1алъул х1акъалъулъ отрывокал. Абундачал. Къадал газета биччазе. «Дир рахьдал мац1» кеч1 гьабизе. Х1асилал гьаризе. Мух1амадова П.Гl. Хlабибова П. М. 5­11кл. 5­11кл. 4­11кл. 8кл. 5 кл. 4­11кл 9кл. 5­9кл. 5­11кл. 5­11кл. 5­11кл. Т1олго дунялалъул рахьдал мац1азул къо тасдикъ гьабуна 1999 соналъул  ноябралда ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъ. 2000 соналъул 21  февралалдаса байбихьун гьеб к1одо гьабулеб буго т1олабго дунялалдаго.  Рахьдал мац1ал ц1униялдехун хасаб к1варалъул бербалагьи гьабизе  х1ажаталлъун ккана Россиялъул г1емер миллатазулал областалгун краял  ва республикаби. Щайгурелъул, жидерго умумузул ракьаздаса маг1ишат  гьабизе бигьаяб лъараг1лъиялде, шагьаразде, ч1ах1иял поселоказде  гочарал гьезул г1адамалгун журайдал, бат1иял миллатазул г1адамалгун  цоцазда рич1ч1иялъе х1алт1изабулеб мац1лъун лъугьана г1урус мац1. Рахьдал мац1алъул т1адег1анлъиялъул ва гьелъул к1варалъул  х1акъалъулъ асарал хъвана нилъер аваразул ц1ар раг1арал шаг1ирзабазги. Дунялалъул мац1азул картаялда Дагъистаналъ ккола хасаб бак1, гьелде  абула муг1рузул улкаги, «мац1азул мег1ергиян». Мац1ги культураги кола миллатазул кьуч1, гьелъул кьалбал. Гьезие  жагъаллъи ккани, миллат т1аг1уна. Жиндирго миллаталъул мац1 лъаларев чи, гьеб миллаталъул чи кколаро. Маг1арул мац1 лъаларев чиясда лъаларо жиндир тарихги маг1арулазул  г1адаталги, миллаталъул культураги. Рахьдал мац1ги культураги г1елелалъ г1елалъухъе кьолаго мадиро гьабун,  умумуз нилъехъе щвезабун буго. Умумуз гьеб хазина нилъехъе щвезабун  буго зах1матал нухаздалъун. Жидерго к1алзулаб пагьму–гьунаралдалъун,  г1умру габиялъул лъик1ал мисалаздалъун ц1унун, т1адеги бечедги гьабун.  Нилъеде ирга щведал, гьеб къимат т1адег1анаб хазина нилъеца билизе тезе  бегьуларо. Г1урусазул поэт Ярослав Земляковас абун бугила мац1 бугила аскаралъ  тушманасухъе т1арамагъдисеб кьолеб ракь, гьебги кьун хадуб нахъе къазе  бак1 гьеч1илан. Гьединаб жо буго мац1. Цо ингилисас абун буго дунялалада бищун берцинаб мац1 маг1арул мац1 бугилан. Гьесда гьикъун буго ингилис  мац1алдасагийищха маг1арул мац1берцинаб бугебан. Гьев мук1урлъун вуго жиндир рахьдал мац1алдасаги маг1арул мац1берцинаб бук1иналъе. Х1икматаб жо буго маг1арул мац1. Кин гьадиг1ан камилго гьаб  берцинлъараб, щвалде щвараб абураб суалалъе Д.Марроца абун буго  маг1арул мац1 кин гьедин берцинлъарабали х1икмалъи гьабулила жинца,  гьеб литератураялда гъорлъ х1алт1ун гурони гьедин бечелъизе рес  бук1инч1илан.Дунялалъул рокъов жиндирго рахьдал мац1 лъаларев  чиясдаса мискинав чи ватиларо. Халкъалъул бищун к1удияб бечелъи буго  мац1.Маг1арул хъизамалда эбел –эменнги лъималги цоцазда гаргадизе  ккола маг1арул мац1алъ. Мац1 ц1унизе т1адаб буго щинав чиясда..  Гьелдаса гъваридабги пасих1абги мац1 гьеч1илан тола дица. Мац1 ккола  халкъалъул цебет1еялъул нуг1лъунги. Рахьдал мац1 Бакъалъги моц1алъги абулеб буго, Жал рахьдал мац1алъе гвангъарал ругин. Зодоса кунч1улел ц1вабзаз бицуна, Жал рахьдал мац1алъул къат1раби ругин. Зобазда т1епулел нак1к1аз щурула, Рахьдал мац1 т1егьазе бит1улин ц1адан. Ц1ад банхадуб ч1валеб нуралъул х1уби, Жиб рахьдал мац1алъул нур бугин ч1ола. Маг1арул мац1алъул ц1урмалги гьарун. Жиб­жиб киниялда бухьине анищ, Гьезул сас гурого цоги бат1ияб, Нилъер лъималазда раг1иларедухъ. Ц1урмазда меседил накъищалгихъван, Улбузул к1ут1бузда дализе анищ, Х1асратаб гьит1ичий керен кьолаго Рахьдал мац1 гурогобицинаредухъ. Дир рахьдал мац1алъул ц1убай бихьулищ, Бецизе мех щвараб т1орщел г1адинаб. Бач1ин гьеч1еб мехалъ ракъи ккун хола, Рахьдал мац1 к1очани, рак1 янгъизлъула. Пат1имат Муртазаг1алиева Дир рахьдал мац1. Дун гьаюраб къоялъ къулун т1адегун, Т1егьилан абуна дида эбелалъ; Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб. Дун якъараб мехалъ хахе меседан, Дие каранзул рахь кьуна эбелалъ. Бач1ана дихъе гьеб рахьдада цадахъ Ди румумузул мац1,дир маг1арул мац1. Дица гьеб мац1алда бакъул ч1оразде Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал. Каранде дунги къан, инсуца дие Гьеб мац1алъ ц1алана ц1одорал харбал. Дие гьеб мац1алда маг1арулаца Муг1рузул г1оразул къиса бицина, Къабих1ав Надиршагь дир умумуца Асир гьавурав куц дида раг1ана. Дир муг1рул халкъалъул намусги ц1унун, Ц1адаве к1анц1арав Гьидалъа Хочбар Гьеб мац1алъ к1алъана ахираб нухалъ, Ханасе ч1ег1ераб наг1анаги кьун. Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун, Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас Маг1арул мац1алда эркенлъийилан Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ. Гьаб мац1алъ ц1а г1адал куч1дул ах1ана Муг1рул ч1ужуялъе Мах1муд­г1ащикъас. Г1анхил Мариница, к1ал букъаниги, Къот1ун теч1о жиндир гьайбатал бакънал. Махмаралде рарал жавгьарал г1адал, Г1агарав Х1амзатил х1асратал куч1дуз, Х1асратго абураб щибаб раг1иялъ Маг1арул мац1 ахг1ан бечед гьабуна. Аза­азар соназ дир маг1арулаз Гьаб мац1алъ г1уц1ана маг1арул тарих, Г1анбар, якъут г1адал к1алзул биценал Берцинал жидерго жугьабаз кьуна. Гьеб мац1 дие кьуна муг1рул ч1ужуялъ, Жиндирго хирияб хазина г1адин, Эбелалъ жиндийги кьун бук1анила, Кьейила дуцаги дурго лъимаде. Гьеб мац1 дие кьуна маг1арулаца Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун. Бац1ц1адго ц1уне гьеб, бечед гьабе гьеб, Гьелда ах1е дуца х1асратаб кеч1ан. Биччанте гьеб дагьаб хъач1аб бук1ине, Хъач1ал кьурабазда г1ураб бук1ине, Г1агараб рахьдал мац1, дир маг1арул мац1, Дир рек1елъ бессараб, бидулъ бетараб, Дицаги кьела мун рахьдада цадахъ Дирго лъималазе ма босейилан. *** Маг1арул мац1алъул щибаб раг1удалъ, Раг1а­ракьан гьеч1еб г1ат1илъи буго, Цо раг1и абидал, рак1 рагьун унеб, Цогияб абуни гулла реч1ч1улеб. Фазу Г1алиева Авар мац1 Ассаламу г1алайкум, Аваразул миллат мац1, Адаб кьоч1ое лъураб Ахир рокьуе гьеч1еб; Аххан кини к1ик1арал Албаназул наслаби, Агьан к1уч1дул ах1арал Азиялъул бах1арзал. Ассаламу г1алайкум, Аваданаб авар халкъ, Африкаялъул х1анч1аз, Август т1амулел т1охал; Ахада, гъварилъуда Анц1­анц1 хъудулел лъарал, Айгъир квач1ида ч1арал Ах1улгох1алъул т1огьал. Ассаламу г1алайкум, Аваразул лебаллъи, Амузгиязул хвалчен Ахъбердиласул рачлихъ Армяназул пащманлъи Арарат мег1ер буго Аваразул пашманлъи Авар мац1 лъач1ел лъимал. Расул Х1амзатов. Муг1рул тун авлахъазде Маг1арухъ инсул гъаст1а Рахъунел маг1арулал, Хасаб хинлъи бук1уна, Маг1арул ях1ги мах1ги Маг1арул гъасда коч1ол Гьарула цадахъ босе. Бат1ияб кеп бук1уна Маг1арул т1амур,т1агъур Кинабго цадахъ босе, Гьарула цадахъ босе, Маг1аруллъи к1очонге Маг1арул ханжар­рачел Маг1арухъа араб лъар Борчараб цадахъ босе. Ралъдалъ г1адин т1аг1унге. Цадахъ, босе к1очонге Нужго т1аде къулараб Маг1арул мац1ги ц1арги. Т1ок1к1араб ицц к1очонге, Цадахъ босе к1очонге Умумузул хабазда Маг1арул г1адат г1амал. Хурдузул сас к1очонге. Цадахъ босе к1очонге Гьарула, цадахъ босе К1ик1араб кини гьулак, Гьарула, к1очон тоге Цадахъ баче, к1очонге К1удияб бах1арчилъи Чода т1ад кьили лъезе. Гьит1инаб дурр халкъалъул. Муг1рул тун авлахъазде Рахъунел маг1арулал, Мег1ер кванараб г1иял Хасаб т1аг1ам бук1уна. Расул Х1амзатов Малъе, эбел, рахьдал мац1. Дир умумуз бицараб Улбуцаги бицунеб Урхъула духъ, авар мац1, Малъе,эбел, авар мац1. Гъазимух1амад Х1амзат, Х1икматав имам Шамил Аваралъ к1алъалан,­ Малъе,эбел, рахьдал мац1. Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат­ Ц1ар арал назмучаг1и, Нилъер мац1алъ ц1ализе,­ Малъе,эбел, рахьдал мац1. Дида тарихги лъазе, Дагъистанги бокьизе, Кьолбол васлъун вук1ине, Малъе, эбел, рахьдал мац1. Кин ругел маг1арулал? Кин ругел маг1арулал, Къот1ун дал­далараб гъеж Маг1уялъ тарих хъварал, Т1адги ч1ун т1ун рехарал, Маг1на раг1ул гъваридал, Т1аде щвараб ах1уе Мег1ер г1ищкъул борхатаб. Рух1алда барахщич1ел. Лъик1 ругищ маг1арулал, Кин ругел маг1арулал, Льиего рокьи кьеч1ел, Кирго цере рук1арал, Яс рокъой г1уралдаса, Цо­цоял х1алихьалъун Маг1ида ярагъ бач1ел. Х1алхьиялдайищ ругел? Ругъназда ч1орто бухьун, Магьди имам вахъунеб Ч1ах1ил чурпа кванарал, Нахъзаман г1унт1ун бугин, К1алдиб реч1ч1араб гулла Маг1арулал кир ругел Ч1амун къват1ибе турал. Квер босун салам кьезе? Кин ругел маг1арулал Керен цо­цо бухулел, Бахилаб г1амалалъе Г1умруялъ жал рит1ухъал. Мух1амад Х1амзаев Дир рахьдал мац1. Рач1а, авар мац1алда Ц1ализе лъазабизин, Нилъерго миллаталъул Тарихалде раккизин. Цинги г1агараб мац1алъ Цоцазда гаргадизин, Х1алкъалъул къисматалъул Къадруялда бицинин. Эбелалъул мац1алда Маг1наялда к1алъазин, Г1акъилал кицабигин Биценазул рехсезин. Нилъерго мац1алъ г1адин, Г1ищкъудул бицунадай, Нилъецаг1ан х1асратго Саринал ах1уладай. К1одол харбал раг1игун Г1ажаиблъи гьабулин, К1удадал къиса лъайгун Лъай босзе гъира балин. Балъголъабазул гъамас Рагьулеб к1ул ц1ехезин, К1очараб, буц1ц1ун ч1араб Ч1аголъизе гьабизин. К1алъазе лъалеб мац1алъ Гьоц1о т1олин раг1ич1ищ? Гьуинаб рахьдал мац1алъ Ц1алдезе гъира гьеч1ищ? Г1аишат Малачиева. Авар мац1алъул х1акъалъулъ г1акъилзаби. Жиндирго мац1 лъаларев чи­гьев ккола талих1 къарав чи. (Мух1у Г1алиев ) *** Лик1аб, ц1акъго лъик1аб буго цогиял мац1алги лъазе, амма бищунго цебе чара гьеч1ого раг1а­ракьанде щун чиясда рахьдал мац1 лъазе кола. (В.Белинский) *** Щибаб мац1алъул бук1уна жинди­жиндир рух1ги хаслъиги. (Б.Брехт) *** Рахьдал мац1алъ г1адамал цоцазде г1агар гьарула, миллаталъул цолъи щулалъизабиялъеги хаслъаби рич1ч1иялъеги квербакъула. (М.Пришвин) *** Мац1 ккола халкъалъул аслияб бечелъи. (М.Шолохов) *** Мац1 ккола бокьараб миллаталъул рух1. Гьеб рух1алда бараб буго миллаталъул х1алги. Чияр зобалда гъоркь раг1араб мехалда бич1ч1ула нилъеда унго­унголъунги нилъерго мац1алъул берцинлъи. (Б.Шоу) Шарадаби Ц1арул авал »Г1» бугони, Г1алхул х1айван бук1уна дун; «Г1» хисани «Т1»­ялдалъун, Т1ахьазда г1емераб дун. (Г1анк1­т1анк1) Авалалда «Р» лъунани, Антоним дир рагъ бук1уна; «Р»­ги хисун,»ГЬ» хъванани, Гьаглъиялъул лъим ккола дун. (Рекъел­гьекъел.) Ц1арулъ цебе «Ц1» хъванани, Ц1акъ т1аг1амаб пихъ ккола дун; «Ц1» хисани, «ХЬ»­ялдалъун, Хьимада цун вегулеб бак1. (Ц1ибил­хьибил.) «Ч1»­ ялдаса байбихьани, Рухьеналъе пайдаяб дун; «ГЬ»­ялдалъун «Ч1» хисани, Хуриб бекьун бижулеб дун. (Ч1оло­гьоло.) Цебехун «Къ» бугони, Бекерула кагътида; Босун гьениб «Г1» лъунани, Лъугьуна дир махлукъат. (Къалам­г1алам.) Бац1ида дун, ц1иркъида дун, «Ц1» цебе лъун, ц1аланани; «Ц1»­ги хисун, «Гь» абуни, Пайтоналъул х1ет1еги дун. (ц1око­гьоко) Бицанк1аби. Араб т1ад буссунареб жо. (заман) Берал гьеч1ого т1олеб маг1у. (Г1ет1, ц1ад) Берал г1одор цун билълъунеб жо. (гьоко) Борхатаб кьурулъ к1иго хъинс. (г1ундул) Г1ундул х1амил, х1ат1ал катил, рач1 цидул. (г1анк1) Релъулезе релъулеб, г1одулезе г1одулеб. (мат1у) Къват1ир гъалалги гьурщун жаний ч1арай меседо. (ц1оросаролъ) Дунялги сверун ссанда гъоркь к1усулел. (берал) Кьурулъ бухъардулеб, авлахъалда щущалеб. (г1ор) Ракьулъе кьалбал риччараб, кьурулъ бусен гьабулеб. (гъвет1)

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"

Авар мац1алъул дарс: Р. ХIамзатов "Авар мацI"
Материалы на данной страницы взяты из открытых истончиков либо размещены пользователем в соответствии с договором-офертой сайта. Вы можете сообщить о нарушении.
05.05.2019